Авар мацIалъул майдан
«ЦIуне мацIги, цIарги, миллатги».
Берцинго къачIараб пардавалда бакьулъ хъвала «Авар мацIалъул байдан». Цояб рахъалда лъола умумузул рукъалъул къайи (гIеретI, хъаба, харицел, хулжал, палас, рухьен-квар, тIутI ва гь.ц.).
Ведущая: Ассаламу гIалайкум, хириял гьалмагъзаби, цIалдохъаби ва учительзаби, умумул ва гьалбал. Жакъа нилъер школалда тIобитIулеб буго авар мацIалъул байрам. Нилъ данделъун руго авар мацIалъулги гьеб жакъа къоялъ тIагIун лъугIунеб букIиналъулги хIакъалъулъ нилъер рахIатхвей загьир гьабизе, нилъер гIаммаб бечелъи-мацI цIунизе ккеялъул бицине. Нужеда киназдаго ракIалде щвезабизе бокьун буго нилъерго Расулил гьал рагIаби:
Лъаларо,МухIамад, цогиязул иш,
Амма дица дирго рахъалъ абила:
Метер магIарул мацI хвезе батани,
Хваги дун жакъаго жаниб кьвагьун.
Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан
Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!
Щай ,дир магIаруллъи, магIарул чагIаз
Чияр мацI бицунеб жидерго гъасда?!
МацI гьечIони, гьечIо гIадан. МацI гьечIони, гьечIо халкъ, миллат. ТIагIуна гIадатал, тарих. Нужеда бихьизабизе бокьун буго жакъа къоялъул хIакъикъаталъ ракI лъукъарав магIаруласул нужедехун хитIаб...
Умумузде ахIи бай (интерактивная доска)
Ведущая: Авар мацI бокьизе ва цIунизе ккеялъул хIакъалъулъ нужее бицине буго
гьабсагIат нужеда цере рахъине ругел цIалдохъабаз.
- 2 классалъул цIалдохъабазул церерахъин.
- 4 классалъул цIалдохъабазул церерахъин.
- 8 классалъул цIалдохъабазул церерахъин.
- 7 классалъул цIалдохъан МухIамадов Ислам.
Ведущая: Гъугъазабун биччай магIарул мацIалда магIарул цIумал гIадал лебалал
васаз ахIулеб магIарул кочIол гьаракь...
КечI «МагIарул васал». (АхIула 8 классалъул цIалдохъабаз).
Ведущая: ГIурухъе къокъунел магIарул ясал, Нужер берцинлъи, нужер гьайбалъи.
Каранда ракI хинлъула, магIарул гIеретIги къвалакь бан, лъадаре
къокъунел магIарул ясал рихьараб мехалъ. Къабул гьаре 2 классалъул
берцинал ясал,
2 классалъул ясаз гьабулеб кьурди «ГIурухъ кьурди».
Ведущая: ЧIухIараб цIар бугеб ЦIумада район,
ЦIумазул улкаян ахIана дуде.
ГIазулал тIогьалги, тIогьол мугIрулги,
Бахъараб суратин ккола ракIалде.
«ЦIумада район» -ахIула 4 классалъул ясаз.
Ведущая: Жиндирго миллаталъул, жиндирго халкъалъул адаб гьабулес
гьабула хIурмат гьелъул гIадатазулги...Адабгун рехсезе бокьун
буго дие нилъер умумуз хIалтIизабулеб букIараб миллияб кванил цIар.
Миллияб квен цебе лъей:
- ЦIоросаролъул хинкIал- некIо заманаялдаса нахъе дир умумуз кванилъ гIемер хIалтIизарулел рукIарал, сахлъиялъе цIакъ пайда бугел.
- Ролъул хинкIал- бертабазулъги, гваязулъги, мавлидаздаги бищун гIемер кваналел, киназего рокьулел хинкIал руго гьал.
3) ТIохол эча- нижер кIодоца гIемер гьарулел, умумузул некIсияб квен.
4) Урбеч- киназего къиматаб,чорхоеги пайдаяб, жиндир багьа кIудияб, урба буго гьалда цIар.
5) ЦIурачадал- тIереналги рукIуна, кьариялги рукIуна, жаниб лъолеб жоги хIан, нисо, гьан, хъабахъ. Тамахал , тагIамал гьел киназего рокьула.
6) ТIидул карщ- гьаб буго магIарулазул кофе, амма гьелдаса гIезегIанго пайдаяб.
Ведущая: БахIарчилъи цIикIкIарал, тIаде къо ккани, къвакIун чIолел чаран
гIадинал магIарулазе хирияб буго махсараги, ихтилат-кепги. Къабул гьабе
нилъер цIалдохъабаз хIадур гьарурал сценкаби.
Сценка «Учительги цIалдохъабиги» ( 2 класс).
Сценка «Городской бахIарав» (11 класс).
Сценка «КвахIалав вас» (4 класс).
Ведущая: МагIарул кьурдиги магIарул кечIги
Жегиги гIасрабаз цIунила халкъалъ.
МагIарул гIадатги, магIарул ирсги
КIочене теларо гIолилал цIумаз.
Къабул гьаре 11 классалъул кьурдухъаби «Иццухъ дандчIвай».
Ведущая: Воре магIарулал нуж гIедегIуге гIуруслъизе,
ГIурус мацIалда мугъчIвай гьабизе
ГIурус маданият босизе- гьеб жакъа нужедаса кибего унарин.
Нуж гIедегIе магIарулаллъун хутIизе- гьеб буго цо нухалъ кодоса ани,
тIокIаб тIад буссинабизе кIолареб тIабигIат. Нилъ ккола магIарулал– гьеб
кидаго кIочонге. ЦIуне нилъер мацI, нилъер цIар, нилъер миллат!
КечI «МагIарулал»- ахIула 8 классалъул цIалдохъабаз.
Къо- мех лъикI.